Байcар II
| Байсар I | |||||||
|
|||||||
| Цеве вукІарав | Абу-Муслим | ||||||
|---|---|---|---|---|---|---|---|
| Хадув вачІарав | Шайх Масум | ||||||
| Ирсилав | ГІамир-СултІан I | ||||||
| Гьавуна: | XII гІ. ТІануси(?), Авар нуцаллъи | ||||||
| Хвана: | XIII гІ. ? | ||||||
| Наслу: | Нуцалзабазул наслу | ||||||
| Эмен: | Суракъат I | ||||||
| Лъимал: | ГІамир-СултІан I | ||||||
| Дин: | Аваразул дин/Насранияб | ||||||
| Рагъул пиша | |||||||
| Рагь: | ГІарабазде данде къеркьей | ||||||
Байсар I, яги Байар[1] (XII гӀ.-л ахир) — Аваразул нуцал, Суракъат I нуцаласул вас.
Байярица нуцаллъиялъул иш кодобе босана жидирго эмен Суракъатидаса I хадуб, ва нуцаллъун вукӀана гӀарабаз Хунзахъе тӀоцебесеб рагъул сапар гьабизегӀан. «Аргъвани росдал хӀакъалъулӀ бицен» абураб тарихияб асарги кьучӀалъе босун, рикӀкӀуна тӀоцебесеб рагъул сапар букӀанин гьижраялъул 654 соналъ (1256 с.); цинги гъазиязде данде рагъ гьабунин 30 соналъ.[2][3]
Хунзахъ Абул-Муслим вугебгӀан заманалъ, Байсар вукӀана Тушетиялда. МагӀарулазда гьоркьоб Ислам тӀибитӀулеб букӀана захӀматго. КватӀичӀого Абул-Муслим хола, ва Баярица къасд гьабула жиндрго ханлъиги тахги нахъ буссинабизе. Нуцалзабазул кидагосел рахъ ккурал тушетазулги, цӀунтӀисезулги, бацбиязулги кумакалдалъун, Байярица гъазиязда кьаби щвезабула ва нуцаллъиялда кверщел жиндихъего нахъбуссинабула. Амма цо чанго анкьидасан Шайх Майсумица Байсар тӀаса рехула. Гьев Тушетиялде лӀутула, ва жиндирго эмен гӀадин, къватӀив хола.
ХӀужжаби
[хисизабизе | код хисизабизе]Адабият
[хисизабизе | код хисизабизе]- История Дагестана: Учебное пособие; 8 кл. — Махачкала: Изд-во НИИ педагогики, 2002 г. 83 страница.