Имам Шамил
Халип:Пачалихъалъул хӀалтӀухъан
Имам Шамил нилъеда лъала Кавказалда, ва батӀи-батӀиял хасго бусурбабазул улкабазда цӀар рагӀарав, рагъул ва пачалихъалъул бажари бугев, гӀакъилав бетӀер ва сиясатчи вукӀин.
Амма киназдаго лъалеб гуро гьесул умумул шал ва киса рукӀаралали, хъванги гьечӀо.
ГьоцӀдерица бицуна Гьидалъа биде вахъун жодохъе вачӀанила Денгав абурав чи, гьев вукъунги гьенивго вуго, Денгал нохъойилан абулеб бакӀги буго. Денгал вас МухӀамад гьенив гьавурав, гӀурав, ГьоцӀалъа ккана ГӀашилтӀа (Унсоколо мухъалъул) росулъе.
Гьениб гьес гьабула хъизан. Лъадилъун йачула гьебго росулӀа Бахту-меседу абурай лъикӀаб тухумалъул яс. ГӀашилтӀаса гьел уна Генуре. Генуб гьавула гьезие вас ГӀали. Гьев ГӀали унтарав загӀипав вас вукӀун вуго, гьесда цӀар хисула Шамил абун. Гьеб мехалъ гьев вас Шамил гӀунила сахав, зурбаяв гӀолохъанчи. Гьев вуго вукӀинесев Дагъистаналъулги, Кавказалъулго, дунялалдаго, хасго бусурбан хӀукумтазда ва Россиялда цӀар рагӀарав пачаликъалъул бетӀер, дунялалда цӀар рагӀарав бодул бетӏер.
Гьев Гьидалъа умумузул вукӀин баян гьабула гьесул эбелалъул гӀагарав чи (вацгӀал) ГӀашилтӀаса Шагьав Шамилица Гьидалъе хъвараб ва цойгидалги кагътаз. [1]
Примечания
[хисизабизе | код хисизабизе]- ↑ "Имам Шамиль ва гьид". Архивация оригинал, 2008-09-15. Щвей 2010-12-15.
{{cite web}}: Invalid|url-status=хвараб(help)
Литература
[хисизабизе | код хисизабизе]- Шапи Казиев. Имам Шамиль. ЖЗЛ. М., Молодая гвардия, 2010. ISBN : 5-235-02677-2
- О.-Д. А. Частное письмо о взятии Шамиля от 2 сентября 1859 // Русский архив, 1869. — Вып. 6. — Стб. 1045—1068. Архивация 2012-03-13 Wayback Machine
| ¹ Имамлъун вукІана 1918 соналъул май моцІалдаса сентябр моцІалде щвезегІан. 1919 соналъ Шималияб Кавказалъул имираталъул амирлъун вищана |